Получи случайную криптовалюту за регистрацию!

Иманги камилаб , ислам берцинаб Аллагьасул салам рещт!айги нуж | Аварские Мавлиды, Нашиды. Mavlidi_official

Иманги камилаб , ислам берцинаб Аллагьасул салам рещт!айги нужелъ.

К!иябго рукъалъул талих! - бергьенлъи Насиблъун гьабеги Аллагьас нужей.

Лъик!ащибги лъан, гьаби гьуинлъун, Г!агар гьареги нуж Бет!ергьанасде.
Квешабщинаб бихъун, тезе тавпикъ щун рик!к!ад гьареги нуж
щайт!абаздаса.

Бичасдаса х!инкъи , такъва - т!абиг!ат г!емерлъаги нужелъ, бечелъаги нуж.

Нужеда к!алъала , лъик!аб малъула Дирго лагълъи буго нафсгун черхалъе .

Аллагь гурх!и гуреб дий дару гьеч!о, Воре дуг!а гьабе дун пакъиралъе
х!уснул хатимат кьун талих! кьегиян , Ассалам г!айлакум ахирул калам.