2023-04-21 14:47:56
Аллагьас т1ад лъураб киналго к1алал,
Радакь т1аде рахъун, ният гьабурал.
Къаси к1алги биххун, богол какде ун,
Таравих1ал рарал, нужей гьарила.
Къабул гьаре Аллагь, ккурал гьал к1алал,
Рарал таравих1ал, ц1алараб Къуръан.
Жеги къабул гьаре, рахъарал сах1ал,
Бараб г1идалъул как, г1ибадат, г1амал.
К1ал къабул гьабизе цоцахъе арал,
Гали рик1к1ун кири нужее хъвайги.
К1удиял чаг1азде зияраталъ щвей,
Пирдавс Алжаналде шагьралъун хъвайги.
Нусго сонил г1умру нужее кьейги,
Иман чорхолъ ц1ик1к1ун, Аллагь вокьайги,
Т1асияб соналъги гьаб Рамазан моц1,
Рохелгун бач1айги нилъ киназего. Амин
661 viewsХава, 11:47