2023-03-08 09:10:38
Хlурматиял руччаби, мугlалимзаби, ракl ракlалъ баркула нужеда тlаде щвараб ихдалил байрам - 8 март!
Ихдалил тlугьдул гlадал гьайбатал нужер, сверухълъиялдаго гlумру берцин гьабизе бугеб гьунар - махщел борцун бажарулеб роцен гьечlин ккола! Гlицlго рукъалъул гъасда хинлъи цlуни гуребги, нужер махщел - гьунар гlола гlун бачlунеб гlелалъе щвалде щун, мухlканго лъай-тарбия кьезе. Щиб захlматаб масъала тlаде босаниги, гьеб нужехъа борхатаб даражаялда тlубан бажарула! Гьелдаго цадахъ, кидаго нужелъ цlунун букlуна, бихьинал асир гьарулеб, недегьлъи, хlеренлъи, чалухълъи...
Гьаб гьайбатаб ихдалил къоялъ гьарула нужее щулияб сахлъи, халатаб, баракатаб, талихlаб гlумру, гlатlидаб дунял, роцlараб зоб, рекlее парахалъи. Тlураги нужер тlолго рекlел мурадал, таги нуж рохун кидаго!
Поздравление начальника управления образования Гергебильского района Магомеда Османова.
268 viewsPati, 06:10