Получи случайную криптовалюту за регистрацию!

КӀУДИЯВ ГӀУМАХАН ХъахӀаб бартиялда чергес кьили лъун, ЛъагӀал | Авар Тарих

КӀУДИЯВ ГӀУМАХАН

ХъахӀаб бартиялда чергес кьили лъун,
ЛъагӀалаби ана дур чабхъеназда,
Типлисгун Нахчеван сорозабурав,
Аваразул къирал КӀудав ГӀумахан.

Дур хвалчаца хъвараб бечедаб тарих,
МугӀруца жегиги такрар гьабула,
ЦӀолокье чвахулеб Тобот гӀоралъ,
КъатӀра рикӀкӀун дуе дугӀа гьабула.

Дур рагъул сапарал, къей лъачӀел боял,
Бакъукьги, цӀадукьги парпараб байрахъ,
Щибго кӀочон гьечӀо нилъер мугӀрузда,
Кьижа паракъатго ЦӀоралъул сабаб...